Родной язык

Жакъасеб школалда т1адаб борч ккола г1ун бач1унеб г1елалъе гъваридаб ва щулияб г1елмияб лъайкьей, гьеб жидер практикаялъулъ х1алт1изабизе ругьунгьари, дунялалдехун материалистияб бербалагьи лъугьинаби.

Гьебмасъала г1умруялде бахъинабиялъулъ к1удияб бак1ккола рахьдал мац1алъ.

Миллиял школазда рахьдал мац1малъиялъул аслияб мурад буго бац1ц1адаб литературияб мац1алда жидергопикру эркенго загьиргьабизе ц1алдохъаби ругьунгьари (бицунги, хъванги),

Мац1берцингьабулебалаталдасапайдабоси, миллиябхудожествиябва г1елмияб литература ц1али ва бич1ч1и.

Авар литературияб мац1алъул кьуч1ккола болмац1, аммалитературияб мац1 бечелъизе к1вар бугеб маг1данлъун кколакиналгодиалекталванаречиял. Цогидал мац1азго г1адин авар мац1алъги г1аммаб куцалда т1олго маг1арулазул рух1ияб бечелъижанибебачуна.

Школалда авар мац1малъиялда цереч1арал масъалаби

Авар мац1школалдалъазабиялда цереч1арал масъалабилъун ккола: ц1алдохъабазул к1алзул вахъвавул калам цебет1езаби, пасих1го ц1али камиллъизабивакаламалъул культура борхизаби.

Школалда авар мац1малъиялъулмурадбуго: ц1алдохъабазе фонетикаялъул, лексикаялъул, раг1и лъугьиналъулвахисиялъул, грамматикаялъул, стилистикаялъул х1акъалъулъ лъайщвей, жамг1ияб г1умруялда жанибгьелъул к1варалъул х1акъалъулъ баяналкьей, бит1унхъваялъул валъалхъулишарабикамиллъизари, лъималазул раг1ул нахърателбечелъизаби.

V-IXклассазда авар мац1алъул курсалъул г1уц1и

Рахьдал мац1алъул программаялдарекъон, 5-9 классазда ц1алдохъабазда малъизеккола фонетика, графика, лексика, раг1и лъугьин,грамматика (морфология, синтаксис). Гьединго ц1алдохъабазда лъазекколастилистикаялъулва мац1алъул х1акъалъулъ г1аммал г1елмиял баянал. Ц1алдохъаби ругьунлъизе ккола бит1ун хъвазе, бит1ун ц1ализе, калам г1уц1изе валъалхъулишарабилъезе.Хочу такой сайт

Ц1алдохъабазул калам цебет1езаби вагьел пасих1го ц1ализе ругьунгьари

Школалда авар мац1малъиялъ ц1алдохъабазул логикияб пикру ва калам цебет1езабула.

Калам цебет1езабиялда хурхараб 3 нухбуго:

1. Авар мац1алъул дарсазда лъималазул раг1ул нахърател бечед гьаби. Гьеббечедгьабула бат1и-бат1иял словариял х1алт1абаздалъун, учебникалдаругелругьунлъиялъул х1алт1абазул текстаздалъун, к1алзул вахъвавулизложенияздалъун, сочиненияздалъун.

2. Авар литературияб мац1алъул раг1аби лъугьиналъул, гьел дандраялъул, предложениял г1уц1иялъул, бит1ун ц1алиялъул вагь.ц. нормабилъай.

3. Авар мац1алъул дарсазда бат1и-бат1ияб темаялъулважжанралъул материалазда т1асан ц1алдохъаби к1алъазе ругьунгьари.

Ц1алдохъанасда лъазекколатексталда т1ад х1алт1изе,гьелъул аслиябпикрубатизе,къокъабва г1ат1идаб план г1уц1изе, гьелда рекъон материал тартибалдегиккезабун, (бицунгихъванги) изложение т1обит1изе.

Изложениязетексталвасочинениязетемаби т1аса рищулеб мехалъ, гьелтарбиякьеялъулва г1елмияб рахъалъандандекколел рук1ине ккола.

Ц1алдохъабазул калам цебет1езабиялъе бихьизабураблъабабгонухалъгьезулкаламалъулъ дандч1валел г1унгут1аби ва гъалат1ал т1аг1инаризе квербакъула.

Наверх
На сайте используются файлы cookie. Продолжая использование сайта, вы соглашаетесь на обработку своих персональных данных. Подробности об обработке ваших данных — в политике конфиденциальности.

ВНИМАНИЕ!

Срок действия лицензии на использования программного обеспечения окончен 31.12.2023.
Для получения информации с сайта свяжитесь с Администрацией образовательной организации по телефону 89884425587

Функционал «Мастер заполнения» недоступен с мобильных устройств.
Пожалуйста, воспользуйтесь персональным компьютером для редактирования информации в «Мастере заполнения».